Автор: Шамиль Кебедов — студент «Колледжа совремнного образования» .

Дирго ватاаналъул, Дагъистаналъул

Дин цاунун хьвадулеб дир улкаялъул,

Кигاан бицаниги, байтал хъваниги

Бихьичاев чиясда ургьиб инаро.

 

Аллагьан ахاулеб хاасратаб гьаракь

Гьава бакъ рекъараб бокьулеб улка,

Кире ккананиги, щиб бихьаниги

Букاина рекاелъ мун мухاканаб ватاан.

 

Тاолабго ракьалда бокьараб ишалъ

Щагъан щуйил босун бергьенлъиги дуй,

Дир ватاан, Дагъистан, диналъул улка

Даим дур ургъаликь кьолон вуго дун.

 

Шамиль Кебедов (Теолог)